Читать книгу Цветок души. Сборник стихов / Урмала савгъат - - Страница 4
Ватiаналъул бахiарзал
ОглавлениеВай дир вацал, дир васал —
ВатIаналъул бахIарзал!
БахIарго рас хъахIлъарал,
Рагъул кор, бихьун, лъарал!
Лъимерлъуда рукIаго
Рокъосезе къадруял,
Яцазги эбелалъги
Борхалъиялда лъурал!
Вай дир вацал, дир васал —
ВатIаналъул бахIарзал!
Нуж гьарураб къоялъго
Нахъа чIун хIинкъи бугел…
ГIагараб ВатIаналъе
Борч тIубазе рижарал!
Бихьинчи армиялде
Ине кколин куцарал!
Вай дир дару-дарманал —
ВатIаналъул бахIарзал!
Нужер щивасдаса ниж
ЧIухIарал магIил гарал!
МагIарулал, гIурусал —
Россиялъул солдатал!
Сон вацлъун вукIарасцин,
Нахъасан речIчIун, чIварал!
Вай дир васал, дир вацал —
ВатIаналъул бахIарзал!
Бабал квераз гьабураб
Кванил тIагIам хириял!
Ракъиялъги къечалъги
Чияр бакъукь кI векIарал,
Сундуй гIоло лъачIого
Афгъаналда рагъарал!
Лъил васал ратаниги,
Дир рекIедаса тIурал;
Лъил вацал ратаниги,
Дирабги тIул бикьарал
Дир ВатIаналъул цIумал
ЦIуне, БетIергьан Аллагь!
ЦIарал анир тун арал
БахIарзаздаги гурхIа!
Рагъ ургъулелщиназе
Жаза гьанибго щваги!
Дуниялго гIодулеб
ГIассилъи рикIкIалъаги!
ВатIаналъул бахIарзал,
Гьелъул мугъчIвалел хIубал
Бокьулеб улкаялъул
ХIалхьи цIунун хутIаги!