Читать книгу Цветок души. Сборник стихов / Урмала савгъат - - Страница 8
Дирго хважаинасде
ОглавлениеБихьинчиясул хьабалухъгIучIалдаса йижун йигила чIужугIадан.
Жакъа гIадин гьелда
Дунги божичIо.
Живго Аллагьасцин
КантIизайичIо.
ТIахьал реганиги,
Рокьи ккезегIан,
Гьел рагIабаз дие
ГIейги гьабичIо.
Гьалеха, дир гьудул
(Дирго вугодай?),
Дур хьибил ккун уней
(Унго, мун довдай?).
Дур хьабалухъгIучIалъ
Дун йижанадай?
Дун камураб хьибил
БатIиясулдай?
Беццаб катитIинчIлъун
Лъугьун йиго дун,
Дур гьаркьихъе гуреб
Гали балареб.
Бице, дур хьолбода
Лъалеб жо бугищ?
КечI ахIулеб цо гIучI
ХIажат гьечIебищ?